Сунда бараб бугеб хъизаналъул талихІ?
ТалихІалъул аслу —
рокьи?
гІарац?
цоги жо?
ЩИБ АБУЛЕБ БУГЕБ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛЪ?
«Дагьалги цІикІкІун гьардарал гурищ Аллагьасул рагІи рагІулел ва гьелда рекъон хьвадулел гІадамал!» (Лукаца 11:28, авар мацІалда Инжил).
КИНАБ ПАЙДА ДУЕ ГЬЕЛДАСА?
Унго-унгояб рокьи (Эфесиязухъе 5:28, 29).
РакІ-ракІалъулаб хІурмат (Эфесиязухъе 5:33).
Унго-унгояб цолъи (Маркица 10:6—9).
ЩАЙ БЕГЬУЛЕБ БОЖИЗЕ АЛЛАГЬАСУЛ КАЛАМАЛДА ХЪВАРАЛДА?
Щай гурелъул гьелъие буго, бищун дагьаб, кІиго гІилла:
Аллагь вуго хъизан гІуцІарав. Аллагьасул Каламалъ бихьизабулеб буго Аллагь Иегьоваца тІоцебесеб ригьиналда цолъизаруна бихьинчи ва чІужугІадан (Байбихьи 2:18—24). Цогидал рагІабаз абуни, хъизан буго Аллагьас гІуцІараб. Кинаб пайда гьелдаса?
Ургъе: дуе цо кинабалиго квен бокьани, лъида дуца цІехелеб гьеб гьабураб къагІида? Узухъда, гьеб гьабурасда.
Гьебго къагІидаялъ, хъизаналъул талихІ батизе бокьани, бищунго лъикІ букІинаан хъизан гІуцІарав Иегьовада гьикъизе.
Аллагьас дур тІалаб гьабулелъулха. Щай маслихІат балагьизе кколеб Аллагьасул Каламалдаса? Щай гурелъул гьениб хъван буго: «гьес нужер тІалаб гьабулелъулха» (1 Пётрил 5:6, 7). Иегьовае бокьун буго нилъее бищун лъикІабщинаб кьезе ва гьесул маслихІатаздаса пайда буго. (Сулайман аварагасул гІакъилал рагІаби 3:5, 6; Ишая 48:17, 18).
ПИКРУ ГЬАБЕ
Кин бегьулеб лъугьине лъикІав рослъун, лъадилъун, эбел-эменлъун?
Аллагьасул Каламалъ жаваб кьолеб буго гьеб суалалъе ЭФЕСИЯЗУХЪЕ 5:1, 2 ва КОЛОССИЯЗУХЪЕ 3:18—21.